Wq/av/Инхоса ГIалихIажияв

< Wq‎ | av
Wq > av > Инхоса ГIалихIажияв

Инхоса ГIалихIажияв (1845–1889) — вуго аваразул литературияб мацI камилго къачIарав кIудияв рагIул устар, хъвадарухъан, шагIир.

Гьесул рагIаби edit

  • Бухунилан хIамил чу лъугьунареб. Чурунилан болъон бацIцIалъулареб.
  • ГIуламааз какаразе квешаб жужахI хIакъабин,
Караматаз рехсанин, рехулеб цIа гьалагабин.
  • Хьвадизе кколеб куц малъе халкъалда,
Малъараб гьабуни мекъса кколарин.
  • Гьабураб къотIи тIубазаби беццараб,
ТIад къараб иш тIубазаби силияб.
  • Дуе бицине кколеб кисиниса лъугIанин,
Кодор хутIун ратарал балагье рагIабазухъ.
  • Унтуе дару тIагIун дар-дарун хутIугеги,
Гьабизе сабаб тIагIун салсалунги тогеги.
  • Бусенгун рекъей рокъоб, рекъараб дару буго,
Къаси къватIир кватIани, хIарамаб ккей мухIканаб.
  • Дур хIатIил росиялъ хIайран вуго дун,
ХIатта Аллагь вуго элъие нугIлъун.
  • Баккудаса бакъалъ хинлъуларев чи,
ТIерхьун унеб мехалъ хинлъуларевин.
  • Тушмангун къеркьарав ункъабго рахъ ккун,
Эниб сабруялда сардал хIалкъарав,
БахIарчи халкъалъул Халикъас тарав.
  • Таманал санаца сарналъ ахIула,
Тушманасул гьудул дирги тушманин.
Тамашаго гуро дуде абулеб,
Гьудуласул гьудул дурги гьудулин.
  • Воре, къваригIунареб рагIудасан нахъе цIай,
РикIкIалъи тIалаб гьабе тIокIаб хабаралдаса.
Гьелъ дур рекIел гIузраби къватIир загьир гьарула,
Гьудуллъиялде ккараб тущманлъи цIи гьабула.
Сахав чи гIалхуда чIа, гIадамазда вихьула,
ГIадаллъи жиндилъ бугев, цеве чIа – вихьуларо.
ГIалимчи гьаб халкъалъе, хвел гьечIев инсан вуго,
Хабалъ мусру баниги, месед вукIанин толев.
ГIагарлъи какуге кирго ратизе,
Кванайги ретIелги жидерго бугел.
КъваригIараб къоялъ аскIоре индал,
Лъала эзул кумек кибго нилъее.
  • БоцIи-рикъзияли къваригIараб жо,
Къо ккедал батизе таманаб нилъей.
ТIаде чи цIилъани, тIаса чи ани,
Гьобол вачIарасе чара гьечIого.
  • Лъимал гIезарула анищалъ росун,
Азарго хиялал, халатаб гIумру.
  • ГIажаба, гьев инсул адаб тарав вас,
ТавбугIаги, Аллагь, эсдаса цIуне.
  • Хур-хералъул рахъалъ гIей гьабуларев,
РогIода рекъараб къавулъ боцIи те.
  • Кинан бугониги гIумру лъикI нужой,
ГIатIада рекъарал рокъор лъималгун.
  • Тушманлъи бекьун хадуб, рокьукъасин лъилъулеб,
ЛъикIазул гIумруялда гIайиб чIван рекъоларо.
  • ГIадамазда гьоркьов жив гаргадарасда,
Чухъа бихьизе гьабе, гьалъул багьа бицеян.
  • ГIатIал къимат гьабе къвачIил роцада,
РетIел цIуне, мискин, цIиго букIадго.
  • ГIадамаца хенезе хурисан кьеги давла,
Халкъалъул хивалазда хвел бусадасан таги.
  • Халкъалъе хирияб, халатаб жо мацI,
Хехлъиялъул рахъалъ рагIин хIадураб.
  • Бугъил лълъарал рачахъун, чол малаздаса цIунун,
ЦIодораб гIумруги ккун, квешав цIакъ рикIкIад гьаве.
  • Рохьдолъ ахIдолеб хIайван, paxIaт хвараб жо боцIул,
ЦIакъ битIун хъван, хъачIаб жинс, жамагIат гъоркье балеб.
  • Росониб квен гьабизе гьалараб лъим хIадураб,
Корохъ чед бежизеги гьеб боркьараб рекъараб.
  • Цояб мегIер цогиялде тIаде анин божа нуж,
ХерлъизегIан гьабураб гIамал танин чиясин божуге.
  • Къадаралда божун гIумруги тоге,
ГIузрабаз чурхъулин черхалъул сахлъи.
  • Тавбу къабуллъичIесул мунагь, хатIа цIикIкIуна,
РакI бацIцIадго гьаричIев гьарделаго хутIула.
  • Къадар-балагьалда рокъобе нух лъай,
ЛъикIаб гуреб къимат къадизабазул.
  • ГIумру гIелмуялъ лъалъай, гIамалалда пихъ базе,
ГIаламалъ квананагIан, цIикIкIун ккаралъ бижулеб.
  • РукIкIада кун хурасе, хамил тIокIлъи букIунеб,
Хирияб бихьун гIатIлас, гIадамал муъминлъизе.
  • Кьураб талихI босзе лъай, гIелмуялъул гъварилъи,
Гъурасе гIажал щолеб, щаклъи гIакъиллъиялда.
  • Нужеца хIан кванай, хIанчIун гьан кванай,
ХIалтIичIев кваналеб кибго бакI гьечIин.
  • Баччарасе яхI буго, хIал ккаралъув ватулев,
Кварасе хинкIал руго, хайир гьечIев кIухIалав.
  • Найица гьоцIо тIола, тIулби кир лъунаниги,
ТIотIоца загьру кьола, зодоб бусен лъуниги.
  • Рагьде щварасе хинкIал, хехав гьоболасе тIех,
ТIохде щвезегIанго карщ, квине бокьарасе чед.
  • Воре, гIадамил лъимер, гIумругун къацандуге,
Дуниялалъул ресал рас течIого лъазаре.
  • ТалихI къарал къороллъулел руччаби,
Къо бухIарал бестIаллъулелин лъимал.
  • Цо ахIмакъав гIабдалас гIадан къварид гьавула,
ГIелмуялдаса тIурав басралъигун хутIула.
  • Бецав чиясул чIухIи – чIолохъжо тIураб барти,
Рортун ун кколеб гIалам, гIазабазулъ цIикIкIараб.
  • ЛъикIлъиялде вуссарав, давла щун разилъула,
Сордо борчIун хьвадарав, хьул лъураб щун вохула.
  • КIухIаллъун гIумру арав, гIадада къоял хварав,
КIухIалщинаб борчIарав, жив гъарим мискин.
  • Къасдалде ваханиги, хехлъарав хатIалъула,
Квешлъиялде кканиги, кIочарав витIун ккола.
  • ГурхIелгун-рахIму гьаби, рикъзиялъул кIул буго,
Нахъехун пикру гьаби, балагьал гьукъи буго.
  • Мун цIодор хьвадичIони, цIар гьечIез бугьтан лъолеб,
Багьана ккезе чIани, чIвалеб гIайиб гIемераб.
  • ГIумру гьабе берцинго, балан дурго черхалда,
Чияр кодосан босе, квераз кколареб хIалалъ.
  • Рокъор ккарал гIузраби гIисинал загьирлъуге,
Заман бахъанин ккедал кколеб хъизангун рекъел.
  • ЧIужугIаданалъулгун гIорхъи гьечIеб калам те,
КигIан гIемерлъаниги боцIудаги божуге.
  • ЧIужуялъ хьихьичIони, рокъоб жо хутIуларо,
ТIину гьечIеб кIудаб гьегь хехго цIаялъ бухIаги.
  • ХIуби чIвачIеб чIалоялъ рукъ биххизе гьабула,
Бицун батичIеб рагIуд чи кIодо гьавуларо.
  • Чияр бикъа-хъамиялъ рокъоб жо цIикIкIинаро,
ЦIогьгин гъара гьабурав гьаваялде восаги.